Movatterモバイル変換


[0]ホーム

URL:


Перейти к содержанию
Википедия
Балагьизе

Египет

Координатал:27°N29°E / 27°N 29°E /27; 29Координатал: Parameter: "scale=" should be "scale:"
Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал


Египет
гӀараб جمهورية مصر العربية
БайрахъГерб
ШигӀар:«ЧIахъаги Египет

гӀараб "تحيا مصر

Гимн:ВатIан
КьучӀ лъуна3000 с ГI. Ц.
Истикълал щвараб къо-моцӀ28 февраль, 1922 сон ( Британиялъул империялдаса)
Расмияб мацӀГӀараб
Миллатал{{{Миллатал}}}
ТахшагьарКъагьир
ЧӀахӀиял шагьаралИскандерия,Джиза,Бур-СагIид,Шубра-аль-Хайма,Суэц.[1]
ХӀукмуялъул низамЖумгьурияб
Президент
ХІукуматалъул
Председатель
Маджлис
ан-Нувабалъул
Председатель
ГIабдул-ФаттахI ас-Сиси

МустIафа Мадбули

ГIали ГIабдул ГIал Сайид АхIмад
Пачалихъ. динИслам
Ракь
• Кинниги
• % лъел бутІа
29-билеб дунялалда
11 001 450 км²
0,6%
Халкъалъул къадар
• Къимат (2017)
Гъунки

97 041 072[2]чи (14-билеб)
85 чи/км²
ГІЖП (БББ)
  • ХӀасил (2015)
  • Халкъалъул цо чиясе

996 млрд[3] $ (25-билеб)
11,5 азар. $ (129-билеб)
ГІЖП (номинал)
  • ХӀасил
  • Халкъалъул цо чиясе

286,4 млрд[3] $
3,3 азар. $
ИПГӀИ (2015)0,690[4] (гьоркьохъеб) (118-билеб)
ЭтнохоронимЕгиптянав, египтянай, египтянал
Интернет-домен.eg,مصر
Код ISOEG
Код МОКEGY
Телефоналъул код++20
СагӀтил рачел+02:00
Хисизабизе طالع توثيق القالب

27°N29°E / 27°N 29°E /27; 29Координатал: Parameter: "scale=" should be "scale:"

Еги́пет (гIар. مِصْر Миср/Miṣr[misˤɾ] , маср.مصر Маср/Maṣr[ˈmɑsˤɾ],копт. ΚΗΜΙ[kʰēmi]), расмияб цӀарЕги́петалъул ГIaра́б Жумгьурият (гIараб.جمهورية مصر العربيةДжумхурийят Миср аль-ГIарабийя,маср.جمهورية مصر العربيةГумхурия Маср иль-ГIарабийя) бугоАфрикаялъул шамалияб бокӀонгиСинаялъул бащдаб чӀинкӀиллъиялъун лъугьарабракъдал кьоялдалъунАзиялъул жанубиябгин бакътӀерхьул бокӀонги кколебтрансконтинеталияб пачалихъ. Египет кколаРакьдагьоркьобралъадалъул регионалъул пачалихъ жиндир гӀурхъаби цураб шамалиябгин бакъбаккудаПилистӀингун ваИсраилгун,жанубалда Судангун вабакътӀерхьуда Либиягун. Ралъдал гӀурхъаби ругоГӀакъаба бугъазалдасанУрдуналъулгун,БагӀараб ралъадалдасанСагӀудиязул ГӀарабистангун,Ракьдагьоркьосеб ралъадалдасанКъубрусалъулгун,Туркиялъулгун ваГрециялъулгун.

Египеталъул тарих буго бищун халатаздаса цояб, жиндир ирсНил гӀоралъулрасалъиялдагидельтаялдаги н. щ.ӀV азарсоназдаса байбихьун букӀараб.Цивилизациялъул кинилъун рикӀкӀунебНекӀсияб Египеталъ загьирлъизаруна цебесеб хъвай-хъвагӀиялъул, росдал магӀишаталъул идракал, урбанизация, гӀуцӀараб дин ва централлъараб хӀукумат[5].Джизаялъул некрополис,КӀудияб Сфинкс гӀадал монументаз, гьедингоМемфисалъул,Васиталъул,Карнакалъул,Маликзабазул расалъиялъул хутӀелаз бихьизабулеб буго гьеб ирс, тӀаде цӀалеб буго гӀелмияб ва халкъияб интерес. Египеталъул халатаб ва бечедаб маданияб ирс буго гьелъул миллияб индетификациялъул гъорлъбосраб бутӀа, жинца гьелъул тӀолгоРакьдагьоркьоралъадлъиялдаги,ГӀагараб БакъбаккудагиШамалияб Африкаялдаги бугеб уникалиябтрансконтинеталияб чӀей бихьизабулеб[6].

Гьанжесеб Египет байбихьула монархия хӀисабалда 1922 соналъБританиялъул империялдаса истикълал щведал. 1952 соналъул инкъилабалдаса хадуб Египет лъазабунажумгьуриятлъун, ва 1958 соналъ гьебги Сирияги жубан лъугьанаЦолъараб ГӀараб Жумгьурият, жиб 1961 соналъ биххараб.

Египеталъулрасмияб динлъун бугоИслам, расмияб мацӀлъун бугогӀараб[7]. 100 миллионалдаса чи вугеб халкъгун, Египет буго Шамалияб Африкаялдаги, ГӀагараб Машрикъалдаги ГӀараб дуниялалдаги бищун халкъ гӀемераб пачалихълъун, лъабабилеб бищун халкъ гӀемераб Африкаялда ва 30-б тӀолго дуниялалда.

ЦIар

Европалде Египет абураб цIар бачIараб буго некIсияб грек мацIалдаса (некI. грек. Αἴγυπτος, а́йгюптос). Гьеб цӀар лъугьараблъун рикӀкӀунаМемфис шагьаралде египтяназ абулеб букIараб "ХӀивткаптахӀ" (егип ḥwt-kȝ-ptḥ "ПтахIил рухӀалъул рукъ") цIаралдаса. Греказ гьеб цIар рекIинабуна тIолго пачалихъалдаго.

ГӀараб бащдаб чӀинкӀиллъиялъулги,Цебесеб Aзиялъулги,Фуратгун Дажлат гIоразул гьоркьобракьалдагиругeл халкъазги хIатIизабула Египеталъул цоги цIар — Миср (гІараб. مِصر,гьибр. מִצְרַיִם "гIумру гьаблеб бакI, шагьар). Гьеб цIар хурхараб батизе бегьула Египеталда гIемераб халкъги шагьаралги рукIиналда.

НекIсияб Египеталда жидерго ватIаналде абулаан "Та-Кемет"-илан (егип km.t "чIегIер-ракь"), гьеб хурхараб буго Египеталъул Нил гIурул гIаралда бугеб бечедаб чIегIер-ракьалда (салуллъабазул "багIараб" ракьалде дандеккун). Гьеб цIар жеги бугебкопт маIалдaги (ΧΗΜΙ)[8].

Тарих

Египет ккола дунялалда бищун некIсиязул жиб кколебцивилизациялъул ватIан

НекIсияб Египет

Гьоркьохъел гIасраби

Гьанжесеб замана

География

Кораллазул рифБегIараб ралъдалъ
Хургад шаьаралда аскIоб бугеб салул авлахъ
Аслияб макъала:Египеталъул география

БакътIерхьуда Египеталъул гIурхъи буго Либиягун, бакъдехун —Судангун, бакъбаккудехунПилистІингун ваИсраилгун. Гьединго Египеталъул ралъдал гIурхъаби ругоСагІудиязул ГІарабиягун ваУрдунгун.

Бакъдасеб рахъалда ккун бугоРакьдагьоркьосеб ралъадалъ, бакъбаккуда —БагIараб ралъадалъ. Египеталъул ккола Суэцалъул канал — бищун кIудияб гIадамасул квералъ гьабурал каналазул цоябги кколеб. Гьеб каналалъРакьдагьоркьосеб ралъадгиБагIараб ралъадги хурхинабула, гьелдалъунАтлантикияб океаналдасаГьиндустаналъул океаналде нухги къокъ гьабула.

Египеталъул ракьалдасан чвахулеб буго бищун кIудиял гIоразул цояб —Нил гIор

Сурсатал

Египеталъул ракьалда ругонартил,тIабигIаталъул газалъул,маххул магIданалъул, фосфатазул,гачиганчIил,марганецалъул,цинкалъул,тIухьидул нахърателал

Жанисел лъинал

Египеталъул аслияб лъел ицц бугоНил гIор, бакътIерхбуда ругел салул авлахъащда руго оазисалги. Гьелъул рагIалда бижана кIудияб Египеталъул цивилизация. Нил гIурул лъим хIалтIизабула ракь лъалъазеги, токалъул энергия гьабизеги.

Ракь ва гъветI-хер

96% гIанасеб Египеталъул ракьул къадар бацун буго салул авлахъаз, хIутIараб 4% кколаДельтаги гIоралъул жаниблъиги.

Фауна

Египеталъул фауналда данде чIвала жайранал, цурдул, салул гIункIкIал, гIанграл, бегемотал, крокодилал, варанаби, гIемерал батIи-баIиял хIанчIи, хIутI-хъумур, ччутал ва борхьал.

Гьава-бакъ

Пачалихъияб низам

Яргъид гІуцІарал къуватал

Экономика

КъватІбехун бича-хиси

Сиясат

Исраил

Судан

Россия

АЦШ

Хъизихъстан

Административияб рикьи

Египеталъул цІияб тахшагьара

Халкъ

Маданият

Египтология

Дин

Туризм

Баянал

Адабият

МугъчІваял

  1. ^World Gazetteer:Die wichtigsten Orte mit Statistiken zu ihrer Bevölkerung
  2. ^Census.gov (2017)."Country Rank. Countries and Areas Ranked by Population: 2017". U.S. Department of Commerce. Архивацияоригинал, 2013-05-09. Щвей2016-04-06.{{cite web}}:Unknown parameter|deadlink= ignored (|url-status= suggested) (help)
  3. ^ab"The World Factbook". Архивацияоригинал, 2018-12-24. Щвей2019-07-21.{{cite web}}:Invalid|url-status=хвараб (help)
  4. ^"Human Development Report 2015 — Table 1: Human Development Index and its components". United Nations Development Programme. 2015-12-14. Щвей2016-04-06.{{cite web}}:Cite has empty unknown parameter:|deadlink= (help);no-break space character in|title= at position 30 (help)
  5. ^Midant-Reynes, Béatrix.The Prehistory of Egypt: From the First Egyptians to the First Kings. Oxford: Blackwell Publishers.
  6. ^"Egyptian Identity".www.ucl.ac.uk. Щвей2021-03-04.
  7. ^"Constitution of The Arab Republic of Egypt 2014"(PDF).sis.gov.eg.Архивация(PDF) оригиналалдаса, 18 July 2015. Щвей13 April 2017.{{cite web}}:Check date values in:|access-date= гин|archive-date= (help)
  8. ^Н. С. Петровский, В. В. Матвеев «Египет — сын тысячелетий». Детгиз. Ленинград. 1959. С.7
Босараб бакӀ — «https://av.wikipedia.org/w/index.php?title=Египет&oldid=93498»
Категориял:

[8]ページ先頭

©2009-2025 Movatter.jp