Бангладеш,[a] официалгоБангладешалъул Халкъияб Республика,[b] буго Бакъдасеб Азиялъул пачалихъ. Эб буго чагӀазул рикӀкӀеналъул рахъалъ дунялалда микьабилеб пачалихъ, гьединго популациялъул гъунки бищун кӀудияб, 171 миллионалдаса цӀикӀкӀун чи 148,460 кв. километралда вугеб. Бангладешалъул гӀурхъи цураб буго лъабго рахъалдасанИндиялъулгун, гьединго жанубияб бакъбаккуда Миянмаралъулгун. Элъул рагъдарагӀал ккола Бенгал бугъазалде жанубияб рахъалда; эб батӀа тӀезабун буго Бутаналдасаги Непалалдасаги Силигури корридоралъ, гьединго Чиналдаса Сикким абулеб Индиялъул штаталъ жиндирго шималия рахъалда.Дака, тахшагьар ва бищун кӀудияб шагьар, буго пачалихъалъул политикиябги, финансиябги, културиябги центер.Читтагонг буго кӀиабилеб кӀудияб шагьарги пачалихъалул бищун цӀураб портги.
Цебе мехалда гьанжесеб Бангладешалъул территория гӀемерисел буддистиялги индуистиялги династиялъул щулалъи букӀана. Бусурбаби рачӀун хадлуса,, 1204 соналъ, регион анасултӀанаталъулгимугъалазулги кверщаликье.Мугъалазул мехалда, хасгоБенгал субагьалъул, регион лӀугьана тӀегьалел ва коммерцияб рахъалъ активиял бутӀабазул цояблъун, жиндир цебетӀураб тектилияб индустриялдалъунги росдал магӀишаталдалъунги цӀар араб. 1757 соналъПлессиялда рагъудаса хаду рагьана британ колониалаб кверщащлил период, жиб нахъидаб кӀинусго соналъ букӀараб.Британ Индия бикьидал 1947 соналъ, Бакъбаккул Бенгалия лӀугьана бищун популациялъ гъунки кӀудияб бутӀалъун гьебго мехалда лӀугьарабПакистаналъул доминионалъул, хаду элда цӀар хисанаБакъбаккул Пакистан абун.